Пачаяс лъадулгун къолъикI гьабуна,
Сапаралъ вахъине къачIа-кIатIана.
Цинги гьесухъ бика гордухъги лъалхъун,
ЧIун йиго, вачIинин хьулалъ балагьун.
Сардазги къоязги нухде халги ккун,
Берал руго унтун, ракI буго свакан.
Рогьел лъаралдаса сордо щвезегIан
Вихьуларо гьудул тIадвуссун щолев,
Рихьула гьалагал гьурал рахъунел,
Хъван балеб гIазуца авлахъал цIолел.
ТIолабго ракь хъахIаб тIингъикь кьижулеб,
Кьиналъ сверухълъуда кверщел гьабулеб.
Ва гьале хирияб сардил гIужалда
Бичас бикае яс гьаюла сайгъат.
Цинги рогьалилъго урхъарав гьобол –
РикIкIадаса вуссун росги вачIуна.
Гьай гьесухъ балагьун хагалей йиго,
Гьалъ захIматго хIухьел босулеб буго.
Йоха-хинлъи гьалъулъ гьечIо бихьулеб,
Къалъулаго гьалъул рухI буго унеб.
ПаччахI гIемер мехалъ гIодоввиччачIо,
Щибилеб, гьесдаги букIиндал мунагь.
ГIицIаб макьу гIадин лъагIел гирана.
Лъади гьас нахъеги цIияй ячана.
ГIолохъанго йикIун гьайбатай йиго,
Логода йорхатай ва тIадйитIарай,
Щакдарулей, цинги жаний пахруяй,
Жиндаго ракIчIарай, гIамал чIухIарай.
БахIаралъе кьураб къайилъун гIицIго
КIалъазе лъалеб цо матIу букIана.
Гьелде ракIгъун жийго гьайги ятула
Разилъун, ракIрегьун, йохун лъугьуна.
Гьелде махсараби гьарун кIалъала,
КIичIардун гьелъие гьай гогьдарула:
«Берзул канлъи, матIу, битIараб бице,
Гьай дунгIан берцинай цойги яс йигищ,
БагIарлъигун хъахIлъи рекъарай лъалищ?»
МатIуялъ гьелъие жаваб гьабула:
«Гьайгьай, дагIба гьечIо, йиго берцинай,
Лъидасаго тIокIай, цинги гьайбатай,
БагIарлъигун хъахIлъи рекъон жубарай».
Гьай кIарун елъула, гъуждул кIичIула,
Берал къинкIун гьелде ишан гьабула.
ЧIухIа-кIутIун, матIу аскIобе ккола,
ЧIинкьа-кIитIун, хадуб нахъегIан цула.
Ханасул меседу тIегьан ячIуна,
Йорхун цIаюцIула, гIужде яхуна.
ХъахIаб гьумералъул гьайбат лъугьуна,
ЧIегIерал кьунсрузул гугьар букIуна.
Гьей гьаризе гьанже Елисей щола,
РагIи кьун ханасги разилъи кьола.
БахIаралъе сайгъат хIадурун буго,
Анкьго дармил шагьар гьелъулин руго,
Нусилъа тIадецин хъулби ун руго.
Бика ясалалълъе къачIалей йиго,
МатIуялда цее гогьдарулаго:
«Бице, месед, матIу, битIараб бице,
Дун гIадай берцинай цоги яс йигищ,
БагIарлъигун хъахIлъи дир гIадаб бугищ?
МатIуялъул жаваб рагIула гьалда:
«Гьайгьай, дагIба гьечIо, йиго берцинай,
Амма ханасул яс бищун гьайбатай,
БагIарлъигун хъахIлъи рекъон йижарай».
Бика тIуркIун ячIун, кIанцIун йиччана,
Гьелъ жиндир хIатIикь ккун матIу мерхьуна,
«Огь, мун нахъегIанаб, ничбахъараб цIер,
Дий квешезе дуца гьерсал рицана.
Кин гьей дуца дида дандего кколей,
Дун гIадай тIокIай гьей кинан йикIуней?
ХъахIай йикIинарищ гьей,
Гьелъул эбел
ГIицIаб хъахIаб гIаздахъ балагьун тедал.
Нилъер ханлъи тире, дуниял свере,
Дида ящалъулей щий ятулеян».
МатIуялъ нахъеги жаваб гьабула:
«Ханасул яс бищун гьайбатай йиго,
Бищун берцинайги лъикIайги йиго».
Бикал ракI чIегIераб жахIдаялъ цIола,
ЦIорол матIу кьощногохIда речIчIула.
Гъаравашги ахIун гьелъ лъазабула
Рохьил жаниблъуде, бадиб кIаз жемун,
БацIаз тIутIун язе йитIе абула,
НакIкIигъутIбузукье, рухьун квералгун,
Нахъйиссунарелъуй теян малълъула.
Бикагун гъараваш кин дагIбадилей,
РикIкIалъуде ячун ясгун къокъуна.
Меседухъ цеетел кин гIенеккилей,
Хвалилаб хIинкъигун гIенеккун чIола.
Абула: «Дир гIумру, гIайиб щиб дида,
Кинаб такъсиргIаги гьабураб дица?
Гьабуге, яс, дие дуца къварилъи,
Бика яхъиндал дуй гьабила лъикIлъи!»
Меседуда гурхIун, гьелъ гьай юхьинчIо,
Эркенлъуда тана, чIвазе лъугьинчIо.
Бичас цIоб лъегийин абуна. Ана,
Рокъое тIадйиссун рагьтIател щвана.
«Щиб? Кийха тарай дуца гьей берцен?»
Бицейилан гьалда лъугьуна бика.
«Доя рохьой тана гьей жийгоцохIо,
Квералги къан рухьун, жанаваразул
Малъраз хъарсун язе, хъурмаз тIутIузе,
ХалатбахъинчIого хеккого хвезе»...